Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Уроки  /  4 класс  /  ГIадатал падежал такрар гьари

ГIадатал падежал такрар гьари

ГIадатал падежал такрар гьари
26.03.2021

Содержимое разработки

Дарсил тема:ГIадатал падежал такрар гьари

Дарсил мурадал:

1)падежазул цIарал ва гьезул суалал лъималазда лъай щула гьаби;

Предметияб цIар падежазде сверизе гьабизе лъай;

2) захIматал хIарпал такрар гьари,гьел битIун хъвазе ва

цIализе лъаялъул мурадалда;хъвавул калам цебетIей;

3)берцин ва бацIцIад хъваялде куцай. Рахьдал мац1алде рокьим куцай

Дарсил алатал:карточкаби,алфавит,техь,компьютер, ДОСКА,СЛАЙДАЛ.

Дарсил ин: 1.Авалияб гIуцIи,класс дарсиде хIадурлъи

дарсил тема ва мурад лъималазда бицин

МугIалим.-Ассаламу гIалайкум!ГIодор чIа,лъимал.Байбихьана авар мацIалъул хъваялъул дарс.

Сундул хIакъалъулъдай нилъеца жакъа бицина дарсида? Гьеб лъазе ккани,цин нужеда лъазе ккола нилъехъе рачIине ругел къиматал гьалбадерида цIарал.

КватIичIого нилъехъе

Ункъго гьобол вачIина,

Ункъасго цоцалъ рекъон

Цадахъ хIалтIи гьабила.

Сообщение бачIуна.Гьаб щиб гIаламат?Лъималаз бицина смс букIин.Интерактивияб доскаялда хъвала

«Гьарула,кумек гьабе!»

ВахI,нилъедасан кумек лъицадай гьарулеб бугеб?Предметияб цIаралъул гIемерлъул формаялъ битIун бачIун буго факс.ЦIалила: «Кидаго цоцалъ рекъон берцинго хIалтIулел рукIарал ункъго вац,ункъалго росабазул бегавулзаби цоцалъ ран,рагъиялде ккун руго.Гьел рекъезаризе кумек хIажат буго.Нужеде кIудияб хьулгун,гIемерлъул форма.» Щал вацалдай гьел?РачIая цо раккизин гьезул улкаялде.(Доскаялда рачIина падежазул суратал.ГIенеккила гьезул дагIба-къецалъухъ.)

Аслияб падеж:

Аслияб жо дун буго

Дир суалалги руго

Дицалъидал бицунеб

Предмет «Щив?» «Щий?» «Щиб?»-али

Актив падеж:

Дун гьечебани дуца

Щиб гьабизе букIараб?

«Лъица ?»тIахьал цIалилел?

«Сунца?»лъимал,лъай кьелеб?

Хаслъул падеж:

Гьебни битIараб буго,

Амма дир суал буго:

Гьал цIодорал лъимал «Лъил?»

Каранда кIутIи «Сундул ?»

Кьовул падеж:

КигIан къацанданиги

Дилъе нуж рахунаро

«Лъие?»лъимал рокьулел?

«Сундуе?» рохел бугеб?

МугIалим .МахIниги лъикIаб хIал бихьуларо Каламалъул улкаялда ккун.Гьеб цIакъ рекъечIеб иш буго – вацал цоцалъ дагIбади.Нужеда лъанищ,лъимал,щал вацал гьелали?

Квер битIарал лъимал рахъинарила жавабал кьезе

.МугIалим.БитIун буго,гьел руго ГIадатал падежал.Бегьиладай,лъимал,вацал гьедин тезе?

Лъимал.Бегьиларо.

МугIалим.Нилъ сапаралъ рахъине ккела гьезул гьайбатал росабалъе.Щиб гьабизе нилъ рахъине кколел гьеб рикIкIадаб сапаралде?

Лъимал.Ункъавго вацасе кумек гьабизе .

МугIалим.Гьезие кумек гьабизе ккани, щиб лъазе кколеб нужеда гьел вацазул хIакъалъулъ?

Лъимал.Падежазда цIарал,гьезул суалал.

МугIалим.Щибха бажарине кколеб цойги?

Лъимал.Предметияб цIар падежазде сверизабизе.

МугIалим.Авар каламалъул улкаялда бищунго хIажатаб жо щиб,лъимал?

Лъимал. Маг1арул хасал хIарпал.

МугIалим.МагIарул хасал хIарпал.БитIун буго.Щиб гьабизе гьел къваригIунел нилъее?

Лъимал.МагIарул мацIалда цIализе ва хъвазе лъазе.

МугIалим.Гьединлъидал ,кодоб щибха нилъеца босилеб гIажаибаб Каламалъул улкаялде?

Лъимал.ГIадатал падежазул хIакъалъулъ лъарабщинаб жо ва захIматал хIарпал.

МугIалим.БитIун буго,нужедаго лъалебщинаб жоялъул хулжал цIезе кIочонге.Гьале картаги битIун бачIана нилъее гIемерлъул формаялъ,щайгурелъул Каламалъул улка цIакъ кIудияб буго.Нагагь нухкъосун ккани,заманалда нахъруссине щоларо.Цинги нилъ гъораго хутIизе бегьула. Дида ккола нилъее нух битIилин,ИНШААЛЛАГЬ. Сунда тIадги рекIундай нилъ гьенире рилълъинел?Вагь,гьале гури Малла Насрудинил хIамигьоко чIезабун буго гьаниб .РачIа гьелда тIад рекIине. Байбихьила сапар.

Щвана тIоцебесеб хъалаялде.Аслияб падежалъул хъалаялъул кавудахъе

Суалазухъ балагьун,лъималазда лъазе ккола гьаб лъил хъалаяли.Падежалъул суалал Щив?Щий?Щиб? .

Лъанищ, лъил росулъе щваралали?Аслияб падежалъул.


МугIалим.Рахараб каву ричIизе ккани,нилъеда лъазе кколеб буго гIадатал падежазул бищунго бокьулеб хIарп.(кечI цIалила)

ГIажаибаб хIарп буго

ГIодула,гIергIедула

БагIарула,гIетI бала,

ГIасилъула ,гIунтIула,

ГIемерлъула,гIунула,

ГIадаллъула,гIантлъула,

БегIерула,гIетIула,

ГIагIадула,рагIула,

ГIегIедула,регIула…


Щиб хIарп , лъимал ,гьеб кколеб?

Лъимал.ГI-хIарп!

МугIалим.РачIаха, лъимал, гьеб хIарп нилъеда лъалеб букIин бихьизе, гьебгун рагIаби цIализе киназго цадахъ.

ГIеретIIанса,магIIарахъ,

ГIарац,гIамал,нугIIабдал,

ГIужрукъ,гIанкIу,гIанкIIака,

ГIус,гIурдахIан,гIор,гIала,

МугIалим.Гьал рагIабазулъ гI-хIарп

ХI-гун къосине тоге!

МугIалим.ХIарп цIализе лъараб гIолищ ,лъимал?

Лъимал.ГIоларо,берцин хъвазеги лъазе ккола.

2.Берцинхъваялъул минута.

Мугалим.Росе кодоре ручкабиги ва хъвай берцинго ва баIццIадго:

Г I гI Г I г I ГI г I Г I г I Г I г I Г I г I Г I

ГI у м а р г и ГI а л и г и гI у р у х ъ е а н а. (Каваби рагьун рачIана)


ТIадкъай1. «Лъил кинаб рукъ?» Жинсазда рекъон, риларал рагIаби жиде-жидер рукъзабахъе ккезаризе кумек гьабизе ккола росдал гIадамазе. РачIа нилъ хIалтIи хехго лъугьине къокъабазде рикьизе.

1 къокъ-ч.ж. 2 къокъа-чI.ж. 3 къокъа –гь.ж.

-Балагьизе рачIа цо битIун ккезарун ругищ рагIабияли.(Рукъзабаз кьела битIараб жаваб)

Нахъа тана тIоцебесеб росуги,кIиабилеб росулъе щвана гьале нилъ.Лъил росулъеха,лъимал,нилъ гьанжесала щварал? Суалал:Лъица?Сунца?Актив падежалъул.БитIун буго.

(Каваби рахан ратула гьанирги.Гьел ричIизе ккани,гI-харпгун раг1аби ургъизе ккола)

Словарияб хIалтIи.(суратал рихьила цо-цоккун слайдазда,лъималазда рагIи лъазе ккола.Слогазде рикьун, тетрадазда хъвазе ккола.Цинги доскаялда рихьизарила жалго рагIаби.Гьез жидерго гъалатIал ритIизарила.

ГIа - ка, гIуж-рукъ, гIур-да-хIан , гIанкI , гIин, гIан-са,

гIа-рац, магI, нугI, гIу-сал.

(каваби рагьула)

ТIадкъай2. «Лъица щиб гьабулеб?»

Гьаб росдал гIадамазе кумек гьабизе ккола кочIол щибаб мухъилъ актив падежалда ругел предметиял цIарал ратизе .Гьезда гъоркь мухъги цIан,тIад хъвазе ккола падеж ва суал.

МугIалим.Сваканищ, лъимал? РачIаха цодагьалъ хIалхьи гьабилин нилъеца.

6.Физминутка тIобитIила.

ГъалбацIал гъулгъудула

ГЪ ГЪ ГЪ ГЪ ГЪ ГЪ ГЪ !

ГIанкIуял къвакъвадула

Къва- къва-къва!

Борохьги хьирхьидула

ХЬ ХЬ ХЬ ХЬ ХЬ ХЬ !

Лъималги релъанхъула

Гьа гьа гьа !!!


МугIалим.Свакги чучанин ккола,гьанже нилъ гIедегIизе ккела хадусеб росулъе.

Кинаб падежалъдай гьаб росулъ гIумру гьабулеб бугеб? Хаслъул падежалъ ,битIун буго,лъимал.Вай,дир меседал,дун нужедаса йохун йигей куц!Хаслъул падежалъ каваби ричIизе изну кьезе ккани,захIматал магIарул хасал хIарпал рицине кколел руго. Лъималаз цадахъ рицина 13 харп, доскаялда слайдалда бачIа-бачIараб).

ТIадкъай 3. Гьаб росдал гIадамазул гIадаталда рекъон халкъиял кицабазда ва бицанк1абазда жанир хаслъул падежазда ругел рагIабазул камурал ахирал битIун хъвазе ккола.Цинги гьеб кициги цIализе ккола.Нилъее кумек гьабила тIохьоца.Рагье тIахьал 21-леб гьумералде.

Минаханум,цIале тIалаб.ГIурус мацIалде буссинабе кици.Кин нужеда гьеб бичIчIулеб?

1.Кьурдухъан… хIатIал гIедерал,хIалтухъан… кверал гIедерал.Гьереси… рачI къокъаб букIуна.КIухIал… багьана камулареб.

1.Гъогъол ц1ураб ч1ваднибе ч1ван рехараб г1арщборохь.

2.Куркьбал дир ц1ул.. руго , ц1а дир кунеб жо буго,

Жаниб бугеб ургьимес махх-чарам…. буго.,



--Щибаб къокъаялъ бищунго нужее бокьараб цо кици тетрадазда хъвай,камураб ахирги тIаде жубан.


МугIалим.Гьалеха,меседал,щвана нилъ ахирисеб росулъе.Щаклъи гьечIо дир ,кинаб росулъе щваралали нужеда лъаялда.Суалал:Лъие?Сундуе?Кьовул падеж.Вай,дир цIодорал лъимал!Каваби рагьизе ккани ,Кьовул падежалъги нилъедаса тIалаб гьабулеб буго бицанкIаби чIвазе

1. АхIдолареб,хIанчIолареб-жаниве чи виччалареб(рахай, к1улал)

2. Берал гьечIеб,бихьизе кумек гьабулеб жо ( цIороберал)

3 Гъваридаб гвандиниб гIакъилаб бетIер(ракI)

4.Сордо гьалъул къо буго;къо гьалъул сордо буго;

Беццабилан жиб толеб,сардил чанахъан буго.(руз)

5.Авлахъалда ретIараб хъахIаб буртина(гIазу)

6.Билълъун свакалареб,щваралъуб лъалхъулареб (сагIат)



Т1адкъай 4. Гьаб росдал гIадамазул гIадат буго суалазда рекъон,


предметиял цIарал кьовул падежалда лъолел.

Лъие? Сундуе? Сундуе?

ПатIимат,ГIали,чу,кету,ракь,зоб,хъала,гIункIкI,нус,хIинчI,юкъарухъан,цIал

дохъан,бер, маг1арулай, бис.


Щула гьаби.МугIалим .КIудияб хIалтIи гьабуна нилъеца ,лъимал.Гьанже хутIана церего гIадин цадахъ рекъеялъе ункъабго падеж аскIоб чIезабизе ва цадахъ цо хIалтIи гьабизе.Щибаб къокъаялъ цо жинсалъул предметияб цIар падежазде сверизабе .(карточкабазда)

Аслияб п. щив?.............. щий? ……………….. щиб? ………………………..

Актив п. лъица?............................. сунца?.....................................

Хаслъул п. лъил ?............................... сундул?..................................

Кьовул п. лъие?................................ сундуе?.....

МугIалим.Гьалеха,лъимал,нахъа тана росабиги,лъугIана нилъер сапарги,щвана нилъ рокъореги,рекъезарун гIадатал падежалгун. Умумуца абухъе, «БакI къватIиб бецце,хIетI рокъобе лъе»-ян,нилъееги рукъ гIадинаб жо гьечIо.Гурищха,лъимал?Цоцалъ рекъон хIалтIараб мехалъ лъугьуна хIалтIиги.Нилъеца гьеб бихьизабуна гIадатал падежаздаги.

Рокъобе хIалтIи.Цо гьаракь бахъина,сигналалда релълъараб. Сообщение бачIина .ГIадатал падежаз битIараб сообщение буго нилъехъе.ЦIалилаЖалго нилъеда кIоченчого рукIине,гIадатал падежаца нилъее рокъобе хIалтIи битIун буго(Рокъобе хIалтIи хъвала доскаялда.)Жидее гьабураб кумекалъухъ сайгъаталги рачIана гьез нилъее ритIун.Къиматал лъела. Лъималазе сайгъаталъе хIарпазул кучIдул хъварал тIахьал кьела ва Хъазил Х1осеница ц1алулеб Расул Х1амзатовасул кеч1 биччала.

Дарсил хIасил. Бокьанищ,лъимал,сапар нужее?Сваканищ цIакъго?Кинаб асар гьабураб нужее сапаралъ?Нужее сапарги бокьун батани,гьелъ лъикIаб асарги гьабун батани нужеда цере ругел гъутIбузда бищунго берцинаб,квачараб хасалил къоялъ хинаб рии ракIалде щвезабулеб гIурччинаб кьералъул тIамах бай,нужее сапаралъ квешаб асарги гьабун батани,нухги чIалгIун букIараб батани, речIарал тIанхал райха гъотIода.

Лъималаз жидерго хIалалда рекъон,гъутIбузда тIанхIал рала.Гьелдалъун лъималазе баркалаги кьела, дарсги лъугIила.

Къо-мех лъикI!ЛъикIаб бихьаги,лъик1аб рагIаги!



-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
ГIадатал падежал такрар гьари (36.82 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт