Меню
Разработки

Внеурочное занятие

Сценарий на мероприятие, посвященное Дню родных языков
26.03.2021

Содержимое разработки







ВНЕУРОЧНОЕ ЗАНЯТИЕ ПО АВАРСКОЙ ЛИТЕРАТУРЕ




Учитель родного языка и литературы

МКОУ «СОШ№7»

Абдусаламова С.М.





Сценка г1уц1ун буго 4 бут1аялдаса.


1. Бет1ер-Эбелги ясги.

2. бет1ер-Эбелги Мух1амадги.

3. бет1ер-Мух1амадги имг1алги

4. бет1ер-Мух1амадги Алипатги.



1 бет1ер

Гьит1инабго рукъ. Рокъоб стол-бак1. Къадада бараб вацасул сураталъухъ балагьун пашманго берал рац1ц1уней Алипат.

Автор:

Логолъа ч1урканай,ч1ег1ер гъалазул Рет1араб рекъолей кьенсер-бер чалух

Огь,дир маг1арулай, дур гьайбатлъиялъ

Хаган хут!улаан росдал г!олилал

Булбулалъул г1адаб роц1араб гьаракь

Чи х1айран гьавулеб х1еренаб г1амал,

Амма пашманлъиялъ мун х1ебт1ун йиго.

Кьог1ал пикрабаца мун къварид йиго.

алипат.

Рак1 г1одулеб буго ,дун къварид йиго.

Бец1ал г1адатазул гудракь ккун йиго.

Эбел,дир хирияй,вацги вацг1алги, Цого чаг1и рук1ин щай бич1ч1улареб?

Эбел. Юц1ц1а,чаракъосад,к1ал данде баче, Къумачилгун бертин дур кват1ич1ого, Вук1ине рес гьеч1о гьев г1адинав вас,

Ч1алг1аде к1алъаге мун т1ок1алъ т1аде.

Алипат :

Эбел,вакьангуро,гьев вокьуларо

кинго гьинал рекIей къабуллъуларо

хирияй, гьарула дун гьесий кьоге,

рекIее къабулав дий цойги вуго.






Эбел:

Анкьумумузулго г1адатин бугеб

Эбелалъ абураб бак1алде яс ин,

Кьураб раг1и бугин, тухум сурилин,

Дунго хвезе йиго гьеб хвезег1анго.





2 бет1ер

Автор: Добго рукъ, стол, бак1аби.

Столалда нахъа г1одор ч1ун шагьаралдаса вач1арав Мух1амадги эбелги. К1ияздаго гьоркьоб ккола Алипатил ригьнада т1аса гара ч1вари.


Эбел:

Рос-рукъалде ине ясги г1ун йиго

Кват1ич1ого бертин бук1ина гьелъул

Кьибил-тухумалъул ц1акъ лъик1ав васин,

Дур вук1инесев дурц Къумачин, дир вас.




Мух1амад :


(виххун т1аде вахъуна)

Щибилая,эбел!Г1антлъунищ йигей?

Дуца бицунеб щиб,дуй лъугьараб щиб?

Ц1ех-рех гьабурабищ дуца ясалда?

Вокьарав ватила долъие цойги.

Эбел:

Вийгь,дуца бицунеб унго щибч1уро,

Дур раг1абаздаса дун нечон йиго

Яцалъул рокьулищ вацас бицунеб?

Дица абуралъуй ине йиго яс

Мух1амад:

Нилъее бокьараб щай гьелъ гьабулеб,

Гьелъул рек1ехъ щайзе г1енеккуларел?

Гьанже лъана,эбел,яцалъул унти,

Бич1ч1ана гьанже щай гьей къварид йигей.

Эбел:

Унго бихьуларищ цо гьасул к1алъай,

Рокьиги балайги малъе яцалда

Киг1ан квеш ккун бугеб гьанжелъизег1ан,

Дир ясалда рокьи балай лъач1ого.


МухIамад:

Хирияй,гьарула г1айиб гьабуге

Дурго кьог1аб г1умру бадибч1ванилан Х1алицаго кьунин мун дир инсуе Щибха гьелъул ккараб,щай ургъуларей. Зулмуялъ мун кьурал дур эбел-инсул Ратугейин рукьби хабалалъилан К1алал гьикъулаан,г1одулаан мун Ахир батулареб бак1аб г1умруян. Рак1алда бугебищ,хирияй эбел?

Рокъоб лъабго лъимер,унтарав эмен,

Жаниб ц1а ссун араб гъанситоги тун,

Мун рокъоса анна хасалил сардилъ.

Цинги эмен хвана,нижго хут1ана

Кьог1ал пикрабигун,бак1аб г1умругун,

Мукъсанабго кванихъ бачазде ана,

Рак1 гурх1арас хинк1 кьун к1удиял г1уна

Эбел:

Г1ела!Г!ела!Г1ела!

Вуц1ц1а,гьарула!

Мух1амад:

Бит1ун буго,эбел,г1ела,т1ок1лъана,

Кьог1аб х1акъикъат дуй ц1акъ зах1малъана,

Т1аса лъугьа,эбел,гьарула дуда

дурго ккараб гъалат1 такрар гьабуге.

Рехуге дуца яс жужах1алъуе

Ургъун йихье,эбел,цогиги нухалъ.

Гьарула хвезабе гьеб ригьин дуца, Хадуй нахъе-нахъе мун пашманлъила.

Эбел:

К1оларо,Мух1амад,дида к1оларо

Вацасда щибилан дица абилеб?

Аллагьасе г1оло мунго а,дир вас, Дуда рекъелин гьеб дидаялдаса.

3 бет1ер

Автор:

Мух1амадица имг1аласухъеги ун ригьин биххул

4 бет1ер

Автор:

Мух1амад яцалъул рокъове уна.Алипатил беразда жаниб Мух1амадида бихьула х1инкъи,божилъи гьеч1олъи,ургъел гьеч1олъи.К1иязулго ккола хабар,к1алъай.Мух1амадида бич1ч1ула гьеб яцалъе бокьич1ого гьабулеб ригьин бук1ин.

Мух1амад:

Алипат,хирияй,гара-ч1варизе,

Цадахъ г1одор ч1езе заманго гьеч1ин.

Дида ц1акъ бич1ч1ула дуда бугеб х1ал,

Мун щайзе х1инкъулей,щай сородулей,

Щайзе къварид йигей къоял анаг1ан,

Дида божуларей щайзе,хирияй?

Унго цеве г1адин бихьула дида,

Дун дуй вокьуларев,ккараб жого щиб?


Алипат:

Мунги вокьич1ого дий щив вокьилев?

Мун дий аллагь вуго,авараг вуго.

Кинабго х1акъикъат дуда бицине,

Рак1 соролеб буго ,кинго к1оларо.



Мух1амад:

Дур ригьин-ц1аялъул бицуней йиго,

Жакъа дида эбел,уяб жойищ гьеб?

Мунгун дандбарабищ,мун рекъарайищ,

Дуца щибиланха гьелда абилеб?




Алипат:

Нужеца абураб дица гьабила,

Нужей бокьаралда дун рази йиго.


Мух1амад:

Нижеца абураб жо гьабизени,

Мун х1адурай йик1ин дида ц1акъ лъала,

Амма дурго пикру,дур бук1инесеб………

Алипат,Къумачги дунго г1адинав,

Вацин кколев дуе ,чидар чи гурин,

Сахай г1аданалъе вац кин вокьулев?

Рак1бац1ц1адго бице, уяб жойищ гьеб?


Алипат:

Дий гьев вокьуларо….!

Эбелалъ…….Эбелалъ……..(Алипат г1одула)


Мух1амад:

Алипат,х1инкъуге,божа мун дида,

Рагье рек1ел х1ал дий,бице бит1араб,

Эбел херлъун йиго, г1амал хун буго,

Гьабизе теларо дуй бокьич1еб жо.

Вугищ дур вокьарав, дур хиял ккарав

Алипат,гьарула, бице бит1араб.


Алипат:

Къумачий кьеч1они дий ургъел гьеч1о


Мух1амад:

Дуеги вокьулев,мунги йокьулев,

Унго гьеч1ищ гьудул,бице вацасда,

Мук1урлъизе дуда к1оларо, лъала.

Загьирлъич1о кинго мух1канаб раг1и.

Алипат,гьарула г1айиб гьабуге,

Духъе хъвараб кагъат ц1алана дица,

Рокьи гьеч1онани додин рак1 рагьун,

Рак1 унтун хъваларо лъицаго кагъат,

Амма ахиралда ахада бугеб,

Т1огьол квац1и г1адаб ч1ух1араб гъолбас,

К1веч1о кинго лъазе лъил бугебали.


Автор:

Алипатица вацасда цебе рехула комсомолалъул комитеталъул секретарь Шамилил сурат.


Мух1амад:

Х1алч1ахъад,Алипат,мун мекъ ккун гьеч1о,

Дуца вищарав вас ц1акъ лъик1ав вуго,

Г1адат бугебани дурц т1аса вищи,

Гьев тун бат1ияв вас вищилароан.

Вищарав гьудулги сахав ватаги,

Цадахъаб г1умруги рохараб кьеги,

Талих1аб берцинаб яшавги кьеги,

Хут1аги к1иялго кидаго рак1гъун.


Алипат:

Дидаса ч1ух1арай г1адан йигодай?

Дидаса талих1ай г1адан йигодай?

Мух1амад,баркала,хирияв вац ,дуй,

Рек1елъ бугеб мурад нухде бачарав.


Мух1амад:

Раг1араб жо гуро гьаб заманалда,

Яцг1ал-вацг1аласе рос –рукъалде ин,

Кьуч1дасаго хвезе те гьел г1адатал,

Бай гьелде данде рагъ т1олго г1аламалъ.

Ригьин гьабизе те рокьул кьуч1алда.

Рокьи сундасаго т1адег1анаб жо.

Бац1ц1адаб рокьигун талих1аб ригьин,

Гьеб гурищ г1умрудул аслияб мурад?



Сценкаялда г1ахьаллъула:

Эбел-басриял г1адатал ц1унарай маг1арулай.

Мух1амад-гьелъул вас, басриял г1адатазде данде рагъ балев г1олилав.

Алипат-Мух1амадил яц,бец1ал г1адатазул квач1азукье ккарай г1олилай.

Содержимое разработки

Аваразул т1оцеесей шаг1ир ва драматург Машидат Г1айирбековалъул асаразул х1акъалъулъ дарс.

«Берцинаб къисматги къадруяб нухги»




Тема: МашидатГъаирбековалъул «Эбелалъул рак1».

Мурад: шаг1иралъул творчествоялъулгунлъай-хъвай;

кеч1 пасих1го ц1али, гьелъуласлияб идея рагьи;

эбелалде, Ват1аналде, авар мац1алде рокьи ц1ик1к1инаби, лъик1аб г1амал куци,

Алат: шаг1иралъул х1акъалъулъ слайдал; сурат;ЗалмуБатировалъул«Х1акъикъат» - газетаялдасамакъала, ХалилбекМусаевасулсуртал, т1ахьазул выставка, фотовыставка, чирахъ.

Дарсил ин:

Цебераг1и:

Г1олохъанлъиялъул х1алк1ояв Аллагь!

Гьаброкьуй как бач1ев киввугевинсан?

Г1умру такрарлъулебтулакабкъуват!

Г1ищкъул дин гьабич1ев гьавунищчиго?

Эбелалъул рек1ел г1ат1илъиялъул

Г1орхъи гьеч1еб рокьул маг1на бич1ч1арал,

Гьелъулцо г1адатаб г1аданлъиялъул

Г1аламатал чорхолъ ц1унизе к1варал –

Дир маг1арул вацал, маг1арул яцал,

Рач1а т1оцебесеб рокьулбицинин…

Т1оцебе, хириябхазина г1адин,

Нилъ кодой рачаралкверазде - рокьи.

Мун дирбечелъиянкарандегикъан,

Нилъейкеренкьурабнапсалде- рокьи.

«Машидат – Саг1идат гьаюна Г1ахьвахъ районалъул К1арат1а росулъ, Имам Шамилил наиб Тавуш Мух1амадил васасул яс Заг1аласул Пат1иматил ва Г1алибегил Х1ажил хъизамалда. Исламияб кьуч1 щулиябхъизамалъул талих1 къокъаб батана: 1937 соналънаибзабазулчи, диниявчи Г1алибег Х1ажи жанив т1амуна. Хут1ана эбелалъулгъуждуздажеги г1еч1ел г1исинал лъималгихъизаналъулургъелги.

М.Гъайирбеговалъ лъуг1изабуна Дагъистаналъул маг1арулазул руччабаздагьоркьой т1оцебе МоскваялдаМ.Горькийил ц1аралда бугеблитературияб институт. Гьелдасанахъегьелъулкъалмикьан къват1ире ана г1емерал асарал – куч1дул, поэмаби, пьесаби. Авар театралърихьизаруна к1удияб гъираялда маг1арулаз къабулгьаруралМ.Гъайирбеговалъулпьесабаздарекъонлъурал «Баг1арав партизанасул яс», «Талих1 бугебкъо», «Рагъулдандерижи», «Вехьасулнамус» абуралспектаклял.

М.ГъайирбеговакколареспубликаялъулС.Стальскиясулпремиялъуллауреатги. Пачалихъалъгьей к1одо гьаюна «Зах1маталъул баг1араб байрахъ» ва «Х1урматалъул г1аламат» орденаздалъунги.

Аммабищунго т1адег1анаб ц1арги рецгибугогьелъиенилъецагьабулебадабги Ч1ик1аса Саг1ид – афандил (къ.с.) баркалаги.

М.Гъайирбеговалъултворческиябнухбайбихьаналирикияласараздасан. 1977 соналъбасмаялдабахъана «Т1оцебесеб рокьи» абураб куч1дузул мажмуг1. Гьениб шаг1иралъ нилъеебицунеббугоэбелалде, г1агараб Дагъистаналде, умумуздебугеб х1асратаб рокьиялъул.

Т1оцебе ч1ух1иян, рохел, канлъиян,

Кинидахъ ах1араб кеч1алде - рокьи.

Гьабракьалда т1олго х1асрат, х1алимлъи,

Нилъее ц1унараб рак1алде - рокьи.

«Гьалъаб зобалх1аги, гьаб ракьалх1аги»,

Дирго рух1 гьоркьоббангьедизе к1ола:

Эбел – лъималазулрокьуе г1оло

Гьабдуниял г1алам бижунбугилан.

1993 соналъбасмаялдабахъараб «Имам Шамил» абураб т1ехьалъул цебераг1иялда М.Гъайирбеговалъхъвалеббуго:

«Мун хъвадарухъан йик1арайани, дунялалъулрокъоббаркалагуреб, я ахираталдабатизегуреб, гьаб ч1анда –базар хъвалей йик1инч1ого, хваразул х1алалъеги щолеб, ч1агояз баркалагикьолебШамил – имамасул х1акъалъулъ къисахъвалаандуца. Г1елмуялъулги г1аданлъиялъулги ц1ар аравжиндирго наиб Мух1амадил – Тавушилангьес ц1ар хисиго г1езе ккелаандуе, г1аданлъиялъул къат1ра чорхолъ бук1арабани, умумузул рух1алъе мустах1икъай мунгоги йик1арайани»,- янягъанадидаэбел.

Аммадирэбел, киг1ан кьог1аб къисматалъул йик1аниги, къуркьич1ей, г1аданлъиялъул нухдаса сверич1ей йик1ана. Г1умруялъго дунгьелъиеналъулайлъун хут1ун йик1ана гьелъие гьедиг1ан бокьарабШамилил х1акъалъулъ т1ехь хъвач1олъиялъ. Эбел гьеч1ого хут1араб къоялдасанахъургъанадунгьелдиевасиятлъунккаралгьелъул раг1абазда т1ад».

«Эбелалъул рак1» - абураб кеч1 пасих1го ц1алила.

Тексталъул идейно-тематикияб анализ:

  1. Лъиде шаг1иралъ хит1аб гьабулеббугеб?

  2. Кинабпикруялда т1ад нилъургъизе т1амулел?

(Эбелалдебугеброкьуе г1оло нилъ х1адур рук1ине кколаэбелалъ г1адин ургъелгибаччизе г1умруги ц1унизе.)

  1. Сундарелълъенабулеббугебэбелалъул рак1?

(Букъарабзаралда, бакъулканлъиялда.)

  1. Бакъулканлъиялдаэбелалъулрокьирелълъенабиялъул г1илла щиб?

(Бакъкидагосунарелъул, эбелалъулрокьигикидаго т1аг1унаро.)

  1. «Дур ц1а» - кинаб ц1адул бицунеббугеб шаг1иралъ?

(Лъимадебугеброкьи - рек1ел берцинабасаралъул.)

  1. Инсанасулкинаб рек1ел асар шаг1иралъ гьаниб к1одо гьабунбугеб?

(Эбелалдебугеброкьи.)

  1. Метафора щибжокколеб? Бате метафора.

(Балъгоябдандекквей. Дур ц1а – рокьи.)

  1. Кинабкъимат (определение) кьолеббугеб шаг1иралъ эбелалъе?

( «Лъимадулрохелалъзодибборжунеб,

Лъимадулургъелалъракьулъ т1ерхьунеб,

Т1олабго дуниялжаниббачараб,

Г1адамазул пикругъорлъебессараб,

Букъараб зарг1анаб эбелалъул рак1,

Кинаб къуватг1аги дулъбахчунбугеб?»)

  1. Определениелъун т1аджурарал предложениялрате.

( «Т1олго дургъварилъиборцине к1варав,

Т1олго дур г1ат1илъи бихьизе к1варав

Инсанжегивахъун раг1ич1о дида»)

  1. Дандекквейсундаабулеб?

(Цоябцогиялдарелълъенаби.

Эбелалъул рак1 – букъарабзар,

Эбелалъулрокьи – бакъулканлъиялда.)

  1. Риторикиялсуалалрате.

(«Дур ц1а ц1унун бугеб х1икматго кинаб,

Букъараб зарг1анаб эбелалъул рак1?»)

  1. Аллитерация щибжокколеб?

(Рагьукъалгьаркьазултакрарлъи.)

Гьелъ коч1ол бакъан г1уц1ула.)

«МашидатГъаирбековалъуласарал ц1алулаго, дида бич1ч1ана киг1ан к1удияб баркалагикиригижаниббугеласаралгьелъхъванругелали…

Гьелъ т1аде босананилъер ч1ух1илъун ругел рух1иял церехъабазул ц1ияб г1елалъе бицине: Имам Шамилилва Шуг1айнатил, ХьаргабисаИдрисил, БуртунаялдасаГъайирбегил, Салт1аса Г1умарил, Инхоса Г1алих1ажиясул сипаталцере ч1езарула нилъеда.

Баккудасабакъ г1адин Ч1ег1ермагжилъан баккун, Бач1унеб гьасулгьумерАварагасулбуго.

Абадияб г1елмуялъ Г1уж хъварабсимаялдаСилсилазул бук1унеб Бат1ияб дангъвабуго.

Ургъелаз,къварилъабазКъуркьизаюлебмехалъ, Х1алай дихъебортулебКъуватлъун вук1ана мун…

Ц1иял раг1аби:

-берцинабкъисмат – х1айранаб г1умру,

-къадруябнух – бит1араб нух,

-дирмесед – г1акъилай яс,

-бат1ияб дангъва – сипат.

«Намусалда,ях1алда ч1ег1ераб т1анк1 лъунани,

Лъуг1анин нилъер ишан, умумузкуцаралниж.

Хвалченбахъун рач1унел хъамалчаг1азде данде

Къеркьаралхолариланкициургъаралгиниж.»

-Эбелрелълъенаюлеййиго шаг1иралъ бакъалдаги моц1алдаги.

«Сардилъ бец1ал зобалбот1роде ц1алеб,

Моц1ан кколаэбел бец1аб к1аз ч1вайдал.

Рогьалилъмеседилнуралрикьулеб

Бакъанкколаэбелнилъгунйохидал.»

Дарсил х1асил:

ДидакколаМашидатГъайирбековалъул «берцинабкъисматалъгикъадруябнухалъги» нилъеегинухгвангъизабилин, аваразул т1оцеесей шаг1иралъ нилъее маг1арул берцинал г1адатал рак1алде щвезарулин, нилъерракьги рух1ги ц1унарал бах1арзазул ц1арал к1очонгут1изе. Диебокьилааннужгигьединабкъадруябнухдасанхьвадизе.

«Дидагьейкиданиги йихьич1о ц1ар к1удиял г1адамазда гьоркьойэхетун. Гьелдакиданиги рак1алде ккеч1о гьит1инаб гох1 мег1ер бугин, гьит1инаб иццуллъар г1ор бугин, жий ц1акъай, т1ок1ай гьунарбугей г1адан йигин. Гьелъул г1умруялда рук1инч1о т1алабал, гьелъул г1умру бук1ана бач1ани рохелгикъабулгьабун, щваникъварилъиги х1ехьон, берцинго, г1акъилго, г1адатияб къаг1идаялда гьабураб.Жиндирраралсоназул х1урматги гьабун, рет1унеб рет1ел, заианщвейдалкодореросулел ч1умал, исламалъунухдаса кьурич1ого гьабулеб дин. Гьейкколаан Саг1ид – апандил (къ.с.) мурид. ГьебгуребгигьесборханаМашидат – Саг1идатил х1ежги. Берзулканлъигибосун, хъвадаризе к1олареб х1ал бук1аниги, гьеййиго г1акъилаб раг1иялъги рух1ияб канлъиялъги аск1оре щолезеканлъикьолебнурлъун», - гьединабкъиматкьолеббугоМашидат – Саг1идатие хъвадарухъанЗалмуБатировалъ.

М.Гъайирбековалъжиндирго уст1арасде Саг1ид-апандиде гьабурабназму.

Равзаялдарукъаразкъабулгьабулеб г1амал Дирчорхолъщулалъизешавкъкьуралъухъбаркаллагь. Щибаббиччалеб х1ухьел Аллагьрехсонугьулеб

Рух1ияб илгьам кьурав Муршидасе баркаллагь.

-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Внеурочное занятие (1.09 MB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт